👍4
Чӏчӏовукӏан (чӀчӀезе - чӏчӏовул кӏан) - станция, вокзал.
Тӏадбуссалълъул чӀчӀовукӀан - автостанция.
Маххунухлул чӏчӏовукӏан - железно-дорожный вокзал.
#цӏиял_рагӏаби
Тӏадбуссалълъул чӀчӀовукӀан - автостанция.
Маххунухлул чӏчӏовукӏан - железно-дорожный вокзал.
#цӏиял_рагӏаби
👍4
👍4
Лълъадаро - водопроводный кран.
Лълъадринисса лълъим бачӀунеб гьечӀо. Жакъа дицца цӀияб лълъадаро босана. Гьанже лълъадринисса лълъим лълъикӀго бачӀунеб буго.
#цӏиял_рагӏаби
Лълъадринисса лълъим бачӀунеб гьечӀо. Жакъа дицца цӀияб лълъадаро босана. Гьанже лълъадринисса лълъим лълъикӀго бачӀунеб буго.
#цӏиял_рагӏаби
👍3
КӀичӀаро - шланг.
Шланг абураб рагӀи дочч мацӀцӀалълъул рагӀи буго, гьелълъул цояб магӀна буго борохь илан, кӀичӀулеб жо илан.
#цӏиял_рагӏаби
Шланг абураб рагӀи дочч мацӀцӀалълъул рагӀи буго, гьелълъул цояб магӀна буго борохь илан, кӀичӀулеб жо илан.
#цӏиял_рагӏаби
👍3
Стратегия рагIи букIун буго элин мацIцIалълъул рагIи, гьеб рагIиги кIиго рагIудасса гIуцIцIараб буго, цояб stratos - рагъул бо, аскар; цогидаб ago - бачине).
НилIер буго нухмалълъи (руководство) абулеб рагIи, гьебго къагIидаялда цIияб рагIи гIуцIцIани, рагъмалълъи ккезе буго.
Рагъмалълъи - стратегия.
Рагъумалълъ - военная наука.
Рагъударс - военное дело.

ТIвахх мацIцI - убыхский язык.
ТIваххал - убыхи.
Гьезул мацIцIалда гьедин буго, гьанжени гьезул мацIцI тIагIун буго.
#нужеда_лъалеб_букӏарабищ
ТIваххал - убыхи.
Гьезул мацIцIалда гьедин буго, гьанжени гьезул мацIцI тIагIун буго.
#нужеда_лъалеб_букӏарабищ
👍3
МагIарул мацIцI, тIвахх мацIцI гIадин тIагIинчIого букIине, ццебетIезабизе ккола, гьеб мацIцIалълъ кIалъазеги, хъвадаризеги ккола.
👍3
Чорххол сахлъиялълъе пайдаял жал тIиритIи - пропаганда здорового образа жизни.
Гьаниб пропаганда тIибитIи гIадин кколеб буго.
Гьаниб пропаганда тIибитIи гIадин кколеб буго.
👍3
МагIарул мацIцIалда буго цIцIура рагIи, гьеб цIцIураялълъ цIцIузабула, масала, лълъим, рахь.
Гьебго къагIидаялда цIезе рагIудасса цIера абизе бегьула, масала, гаргаро цIезабулеб алаталда.
ЦIера - зарядное устройство
#цӏиял_рагӏаби
Гьебго къагIидаялда цIезе рагIудасса цIера абизе бегьула, масала, гаргаро цIезабулеб алаталда.
ЦIера - зарядное устройство
#цӏиял_рагӏаби
👍3❤1🔥1
МагIарул мацIцIалда буго ригь абулеб рагIи, дида ккола къеццазда (спорт) гьеб хIалтIизабизеги бегьула ай тайм, период магIнаялда, масала, жакъа торгIомалалълъул къо буго, Анжиги Терекги хIалел руго, тIоццебессеб ригь (тайм) лIугIана, Анжи бергьунеб буго. Цоги сезон буго гьеб торгIомалалда, гьелдаги абизе бегьула гIуж, масала, абула пихъил гIуж (фруктовый сезон). Гьединго, масала, торгIомалалда гьеб гIуж абулеб рагIи хIалтIизабизе бегьула.
Цинги, тур абулеб рагӏуда абизе бегьула ссвери, щайгурелълъул туралълъул (паранг мацӏцӏалълъул рагӏи) магӏна ккола ссвери, торгӏомалалда ссвери (тур) ккола киналго къокъаби цо-цо нухалълъ хӏан ругеб заман.

👍1👏1